Telegram Group Search
Please open Telegram to view this post
VIEW IN TELEGRAM
🏔Магlарухъ рахьдал мацlазул къо

Чlарада районалъул лъай кьеялъул централда «Рахьдал мацlалда кучlдул» абураб тадбиралда миллияб ретlел ретlарал гьитlичаз магlарул мацlалда кучlдул рекlехъе цlализе бугеб гьунар бихьизабуна.

Гумбет районалъул Цlиликь росдал школалда Рахьдал мацlазул къо кlодо гьабун, аваданаб, кьурди-кечl гьарзаяб тадбир тобитlана. Миллияб ретlа-къайги, умумузул квен-тlехги, байрамалъулаб ихтилатги гlуцlун букlана гьениб цlалдохъабазгун мугlалимзабаз.

Болъихъ районалъул тарихалъулгун гlагараб ракь лъазабиялъул музеялда  тlобитlана РФялъул мустахlикъав тохтур, профессор Мухlамадсагlид Гlумаровасул призазе гlоло магlарул мацlалда кучlдул рекlехъе цlалиялъул къец.
Бищунго пасихlго кучlдул цlаларазе кьуна дипломалгун сайгъатал.

Гlахьвахъ
Халкъазда гьоркьосеб Рахьдал мацlазул байрамалде ва Ватlан цlунулесул къоялде Гlахьвахъ районалъул централияб библиотекаялда ва ЦТКНРялда (культураялъул мина) лъабго батlияб мацlалда диктант хъвана. Магlарул, кlаралазул ва гlахьвалазул мацlалда хъвадарана цlалдохъабигун культураялъул ва цогидал идарабазул хlалтlухъаби.

Хьаргаби районалда тlобитlана «Бице рахьдал мацl» абураб тадбир (флешмоб). Гlолилазулъ рахьдал мацl лъазабиялде ва цlуниялде гъира базаби букlана гьелъул мурадги.
2025/02/22 11:44:34
Back to Top
HTML Embed Code: